Египеталдаса нахъруссунел Сасикьа гIолохъаби туснахъ гьаруна 9 марталда МахIачхъалаялъул аэропорталдаса ккун арав ЦIияб Сасикьа щуго гIолохъанчи Шамалда рагъулел рукIун ратиялда щаклъи ккун буго низам цIунулезул. Амма гьезда бан жеги официалияб лъазаби гьечIо. БатIи-батIиял харбал гурони.
Шималияб Кавказ цебетIеялъе ургъарал федералиял программаби церетIеялъе квалквал гьабулеб бугин интернеталда ва цогидалъусан гьарулел информациялъул гьужумазин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз.
Россиялъул Пачалихъияб Дума хIадурулеб буго журналистазе тамихI гьабулеб къанун бахъизе. Гьеб ккола Россиялъул политикаялда дандечIарал макъалабазе гIоло тамихI гьабулеб къанун. Гьелъие гIиллалъун ккун буго гьабсагIаталда Украинаялда бугеб ахIвал-хIал. Гьединаб къанун 20 соналъго цебего бахъизе кколанин рикIкIунеб буго цо-цояз Дагъистаналда, амма гьединал гьукъа-къаяз хIасил кьоларин рикIкIунеб буго цогидаз.
6 марталда МахIачхъалаялда тIобитIараб исламиял ихтияразул бицараб конференциялда шайих МухIидин Къарадагъица бицен гьабичIо Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъулги, терактазулги, жалго жидецаго кьвагьулел гIолилазулги. Гьес бицунеб аслияб куцалда хурхун букIана Къуръаналдаса ва Аварагасул хIадисазда мисалазда.
КватIичIого лъагIел тIубала Жамалудинов Гъазияв абулев чи туснахъ гьавуралдаса. Абулеб буго гIакъубаги кьун тIамулев вугин гьев Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулевлъун вукIарав Заирбеговасда данде баянал кьезейин. 5 марталда Дагъистаналъул ТIадегIанаб Диваналда букIана Жамалудиновасул адвокатазул гIарзаялъул халгьаби.
Дагъистаналъул полициялдаса нахъе рехарав полковник СалихI ХIажиевасухъе жеги щун гьечIо Россиялъул президент Владимир Путинил администрациялдаса жаваб. Путинихъе гьес араб анкьалда хъвараб кагътида кIвар буссинабулеб букIана республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда ришватчилъиги, жидее данде кколарел хъулухъчагIи хIалтIудаса нахъе рехиги, цогидалги гIунгутIаби рукIиналде.
Россиялда бугеб 89 регионалда гьоркьоб 53 гурони регион гьечIо хъизаналда гьабураб лъабабилеб лъимералъе пачалихъалъ хасаб кумек (пособие) чIезабураб. Гьезда гьоркьобе унеб гьечIо Дагъистан.
27 февралалда тIобитIараб Халкъияб мажлисалъул сессиялда инсанасул ихтиярал цIунулей вакиллъун цIидасанги Умупазиль ГIумарова тасдикъ гьаюна.
25 февралалда Дагъистаналъул нухмалъулес чIагояб эфиралдасан жавабал кьуна дагъистаниязул суалазе.
25 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул диванчагIазул данделъи. Гьениве вачIун вукIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповги, инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Умупазил ГIумароваги. Щаялиго прокуратураялъул хIалтIухъаби рачIун гьечIоан.
24 февралалда Москваялдаса МахIачхъалаялде вачун вачIана цебесеб къоялъ хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул федералияб хъулухъалъул хIалтIухъабаз Москваялда туснахъ гьавурав Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъиялда вукIарав АсхIабгIали Заирбегов.
Гьал къоязда Санкт-Петербургалда чIвана Дагъистаналдаса студент Мурад Агъамирзоев. Гьев цIалулев вукIана жанисел ишазул министерлъиялъул университеталда кIиабилеб курсалда.
18 февралалда Дагъистаналъул хIукуматалде ракIарун рукIана республикаялда ругел банказул нухмалъулел. Гьез гьоркьоб лъуна цоцазда хадур къалел ругел республикаялъул банказул суал.
15 февралалда тIубана 25 сон Совет Союзалъул аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачаралдаса. Гьез гьениб бана ичIго сон. Дагъистаналдаса гьеб конфликталда гlахьаллъана 3000 чи гьезулги 140 –яв гьенив гIумруялдаса ватIалъана. Гьел ракIалде щвезаризе ва иргадулаб нухалда жидерго проблемабазул нухмалъиялда рагIизабизе МахIачхъалаялда афгъаналъулаз ахикье ракIарун рукIана гьеб рагъул гIахьалчагIи.
13 февралда МахIачхъалаялда рагьана Афгъанистаналда рагъулел рукIарал дагъистаниязул хIурматалда гIуцIараб экспозиция. Гьенир лъун руго суратал, ярагъ, Афгъанистаналда советиял аскараз ретIунеб букIараб рагъулаб ретIел, гьезие щварал шапакъатал.
Казбек мухъалъул мугIалимзабазул цIаралдасан Дилималда бугеб гимназиялъул мугIалимзабаз хитIаб хъван буго республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасухъе.
Дагъистаналъул прокуратура разияб гьечIо дагьалъ цебе республикаялъул нухмалъулес республикаялъул ункъиеги бикьун гьезул щибалда жиндирго хасал вакилзаби тезе гьабураб хIукмуялдаса ва гьелъ гьеб хисизабун буго. Гьедин лъазабулеб буго прокуратураялъул сайталда. Прокуратураялъ мухlкан гьабулеб буго гьел территориял административиял бутlабилъун кколареблъи.
8 февралалъул радал МахIачхъалаялда чIварал чагIазул цIарал жеги чIванкъотIун лъалел гьечIо. Амма абулеб буго гьезул кIигояв кколин Россиялъул Белгород мухъалдаса жигьадалде Дагъистаналде вачIун вукIарав Алексей Пашенцевги Дагъистаналдаса ГIабурахIман-Сугъури МухIамадовги.
Гьанжеялдаса 15 соналъ цебе 4 февраль лъазабуна имам Шамил ракIалде щвезабулеб къолъун. Гьелда бан МахIачхъалаялда Миллияб библиотекаялде ракIарун рукIана жамгIиял хIаракатчагIи, журналистал ва цогидал.
Январалъул ахиралда МахIачхъалаялъул миллияб библиотекаялъул фойеялда тIобитIана Казбек мухъалъул Гуни росулъа цIулал устар Дадаев Багьавудинил хIалтIабазул экспозиция. Умумумузе гIадатияллъун рукIарал рукъ-свериялъул тIагIелал жакъасеб гIелалъе экзотикалъун бихьулеб бугин, абулеб буго авторас. Гьес
Загрузить еще