Гьереси-гIарац къотIулел чагIи Ростовалдагун Дагъистаналда ралагьизе байбихьун букIун буго жанисел ишазул министерлъиялъул
Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул официалияв вакил Андрей Пилипчукица гьадин баян гьабулеб буго гьеб хIужа.
Андрей Пилипчук: «Гьеб къокъа тIатинабизе байбихьун букIана гъоркьисалаго. Гьеб мехалда лъана Шималиябги Жанубиябги Кавказалда гьеб гьереси-гIарацги бичун хIилла-чагIазе цо млн-са цIикIкIун гъурщил хайир щун букIин. Гьедин гьереси-гIарац гьабулел чагIазул рукъзабахъги, офисаздаги, гаражаздаги 23 чIухь бана. Гьениб низам цIунулезда батана гьереси-гIарац гьабулеб алатги, щуазарго гъурщил багьаяб гъурщил сурат кIиябго рахъалъан бахъараб чанго флеш-картаги, нусго долларалъул сурат кIиябго рахъалъан бахъараб негативги».
ГIаммаб куцалда абун гурони, хас гьабун Дагъистаналъул киб бакIалда гьел хIилла-чагIи тIатинарун ругелали баян гьабулеб гьечIо низам цIунулез. Гьединго гьереси-гIарцуда
Амма гьереси-гIарцуда бан абуни, цебегоялдаса нахъе жалго низам цIунулез кIудияб къимат кьола Дагъистаналда гьабулеб гьереси-гIарцуе.
Гьебго пикру тасдикъ гьабулеб буго ЭР-ялъе ЛъаратIа мухъалда экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб полициялъул хIалтIухъан ГIалиев Рамазаница.
Рамазан ГIалиев: «Низам цIунулез гIемерисеб мехалда абулеб жо бугоха гьеб – хъачагъазе кьолин хIиллачагIаз гьелдаса щвараб хайир, гьезда нахъа хасал къуватал ругилан. Дидаги гьедин ккола, ратизе рес буго. Лъица батаниги кумек гьабулеб буго гьезие. Россиялда бищунго тIибитIун буго Дагъистаналда гьабураб гьереси-гIарац. Хабаров мухъалда гьеб гIарац гьабулев ватанин цо лъаратIисевилан гьесул рокъор чIухь базе гьанире магIарухъе рачIун рукIана низам цIунулел. Гьеб рахъалъ бищун камилал махщелчагIи дагъистаниял руго».
Гьереси-гIарац гьабулел чагIи аслияб куцалда шагьаразда гурони, магIарухъа гIебеде дандчIваларин бицана Рамазан ГIалиевас. Гьебги цебе аза-азар гъурщил кагътал къотIулел рукIун ратани, гьанже аслияб куцалда щуаза-азар гъурщил кагътал гьарулила.
Гьелда бан гъоркьисала декабралда МахIачхъалаялдаг
Гьединабго цех 2011 соналъул хаслихъеги тIатинабуна МахIачхъалаялда. ГIарац къотIулел алаталги, релъеналги, гьереси-гIарцул суратал рахъулеб хасаб программа жаниб бугеб компьютерги, кагъатги, гьелда тIаде Калашниковасул автоматги батун букIана гьениб. Ккун вукIана ичIго чиги.